Wq/av/Инхоса ГIалихIажияв
Appearance
Инхоса ГIалихIажияв (1845–1889) — вуго аваразул литературияб мацI камилго къачIарав кIудияв рагIул устар, хъвадарухъан, шагIир.
Гьесул рагIаби
[edit | edit source]- Бухунилан хIамил чу лъугьунареб. Чурунилан болъон бацIцIалъулареб.
- ГIуламааз какаразе квешаб жужахI хIакъабин,
- Караматаз рехсанин, рехулеб цIа гьалагабин.
- Хьвадизе кколеб куц малъе халкъалда,
- Малъараб гьабуни мекъса кколарин.
- Гьабураб къотIи тIубазаби беццараб,
- ТIад къараб иш тIубазаби силияб.
- Дуе бицине кколеб кисиниса лъугIанин,
- Кодор хутIун ратарал балагье рагIабазухъ.
- Унтуе дару тIагIун дар-дарун хутIугеги,
- Гьабизе сабаб тIагIун салсалунги тогеги.
- Бусенгун рекъей рокъоб, рекъараб дару буго,
- Къаси къватIир кватIани, хIарамаб ккей мухIканаб.
- Дур хIатIил росиялъ хIайран вуго дун,
- ХIатта Аллагь вуго элъие нугIлъун.
- Баккудаса бакъалъ хинлъуларев чи,
- ТIерхьун унеб мехалъ хинлъуларевин.
- Тушмангун къеркьарав ункъабго рахъ ккун,
- Эниб сабруялда сардал хIалкъарав,
- БахIарчи халкъалъул Халикъас тарав.
- Таманал санаца сарналъ ахIула,
- Тушманасул гьудул дирги тушманин.
- Тамашаго гуро дуде абулеб,
- Гьудуласул гьудул дурги гьудулин.
- Воре, къваригIунареб рагIудасан нахъе цIай,
- РикIкIалъи тIалаб гьабе тIокIаб хабаралдаса.
- Гьелъ дур рекIел гIузраби къватIир загьир гьарула,
- Гьудуллъиялде ккараб тущманлъи цIи гьабула.
- Сахав чи гIалхуда чIа, гIадамазда вихьула,
- ГIадаллъи жиндилъ бугев, цеве чIа – вихьуларо.
- ГIалимчи гьаб халкъалъе, хвел гьечIев инсан вуго,
- Хабалъ мусру баниги, месед вукIанин толев.
- ГIагарлъи какуге кирго ратизе,
- Кванайги ретIелги жидерго бугел.
- КъваригIараб къоялъ аскIоре индал,
- Лъала эзул кумек кибго нилъее.
- БоцIи-рикъзияли къваригIараб жо,
- Къо ккедал батизе таманаб нилъей.
- ТIаде чи цIилъани, тIаса чи ани,
- Гьобол вачIарасе чара гьечIого.
- Лъимал гIезарула анищалъ росун,
- Азарго хиялал, халатаб гIумру.
- ГIажаба, гьев инсул адаб тарав вас,
- ТавбугIаги, Аллагь, эсдаса цIуне.
- Хур-хералъул рахъалъ гIей гьабуларев,
- РогIода рекъараб къавулъ боцIи те.
- Кинан бугониги гIумру лъикI нужой,
- ГIатIада рекъарал рокъор лъималгун.
- Тушманлъи бекьун хадуб, рокьукъасин лъилъулеб,
- ЛъикIазул гIумруялда гIайиб чIван рекъоларо.
- ГIадамазда гьоркьов жив гаргадарасда,
- Чухъа бихьизе гьабе, гьалъул багьа бицеян.
- ГIатIал къимат гьабе къвачIил роцада,
- РетIел цIуне, мискин, цIиго букIадго.
- ГIадамаца хенезе хурисан кьеги давла,
- Халкъалъул хивалазда хвел бусадасан таги.
- Халкъалъе хирияб, халатаб жо мацI,
- Хехлъиялъул рахъалъ рагIин хIадураб.
- Бугъил лълъарал рачахъун, чол малаздаса цIунун,
- ЦIодораб гIумруги ккун, квешав цIакъ рикIкIад гьаве.
- Рохьдолъ ахIдолеб хIайван, paxIaт хвараб жо боцIул,
- ЦIакъ битIун хъван, хъачIаб жинс, жамагIат гъоркье балеб.
- Росониб квен гьабизе гьалараб лъим хIадураб,
- Корохъ чед бежизеги гьеб боркьараб рекъараб.
- Цояб мегIер цогиялде тIаде анин божа нуж,
- ХерлъизегIан гьабураб гIамал танин чиясин божуге.
- Къадаралда божун гIумруги тоге,
- ГIузрабаз чурхъулин черхалъул сахлъи.
- Тавбу къабуллъичIесул мунагь, хатIа цIикIкIуна,
- РакI бацIцIадго гьаричIев гьарделаго хутIула.
- Къадар-балагьалда рокъобе нух лъай,
- ЛъикIаб гуреб къимат къадизабазул.
- ГIумру гIелмуялъ лъалъай, гIамалалда пихъ базе,
- ГIаламалъ квананагIан, цIикIкIун ккаралъ бижулеб.
- РукIкIада кун хурасе, хамил тIокIлъи букIунеб,
- Хирияб бихьун гIатIлас, гIадамал муъминлъизе.
- Кьураб талихI босзе лъай, гIелмуялъул гъварилъи,
- Гъурасе гIажал щолеб, щаклъи гIакъиллъиялда.
- Нужеца хIан кванай, хIанчIун гьан кванай,
- ХIалтIичIев кваналеб кибго бакI гьечIин.
- Баччарасе яхI буго, хIал ккаралъув ватулев,
- Кварасе хинкIал руго, хайир гьечIев кIухIалав.
- Найица гьоцIо тIола, тIулби кир лъунаниги,
- ТIотIоца загьру кьола, зодоб бусен лъуниги.
- Рагьде щварасе хинкIал, хехав гьоболасе тIех,
- ТIохде щвезегIанго карщ, квине бокьарасе чед.
- Воре, гIадамил лъимер, гIумругун къацандуге,
- Дуниялалъул ресал рас течIого лъазаре.
- ТалихI къарал къороллъулел руччаби,
- Къо бухIарал бестIаллъулелин лъимал.
- Цо ахIмакъав гIабдалас гIадан къварид гьавула,
- ГIелмуялдаса тIурав басралъигун хутIула.
- Бецав чиясул чIухIи – чIолохъжо тIураб барти,
- Рортун ун кколеб гIалам, гIазабазулъ цIикIкIараб.
- ЛъикIлъиялде вуссарав, давла щун разилъула,
- Сордо борчIун хьвадарав, хьул лъураб щун вохула.
- КIухIаллъун гIумру арав, гIадада къоял хварав,
- КIухIалщинаб борчIарав, жив гъарим мискин.
- Къасдалде ваханиги, хехлъарав хатIалъула,
- Квешлъиялде кканиги, кIочарав витIун ккола.
- ГурхIелгун-рахIму гьаби, рикъзиялъул кIул буго,
- Нахъехун пикру гьаби, балагьал гьукъи буго.
- Мун цIодор хьвадичIони, цIар гьечIез бугьтан лъолеб,
- Багьана ккезе чIани, чIвалеб гIайиб гIемераб.
- ГIумру гьабе берцинго, балан дурго черхалда,
- Чияр кодосан босе, квераз кколареб хIалалъ.
- Рокъор ккарал гIузраби гIисинал загьирлъуге,
- Заман бахъанин ккедал кколеб хъизангун рекъел.
- ЧIужугIаданалъулгун гIорхъи гьечIеб калам те,
- КигIан гIемерлъаниги боцIудаги божуге.
- ЧIужуялъ хьихьичIони, рокъоб жо хутIуларо,
- ТIину гьечIеб кIудаб гьегь хехго цIаялъ бухIаги.
- ХIуби чIвачIеб чIалоялъ рукъ биххизе гьабула,
- Бицун батичIеб рагIуд чи кIодо гьавуларо.
- Чияр бикъа-хъамиялъ рокъоб жо цIикIкIинаро,
- ЦIогьгин гъара гьабурав гьаваялде восаги.